БАЛЛАДАБИ

 

Кьурулъ хутIарав ГIали

 

Вилълъая, ле ГIали, Чаран кьурулъе,

Исанаги лачен къинлъун рагIулин.

Вилълъинаро, вацал, Чаран кьурулъе,

Я хIилла батила, я реккIкI батила.

ХIилла букIунебдай тIулил вацазул,

Ва рекIкI букIунебдай тIул бикьаразул?

Кинго бегьичIони, ва тIулил вацал,

Росдада тIад рищун гIаршалги росе,

Рилълъининха, вацал, Чаран кьурулъе.

ТIамедила, вацал, тIаргъиниб можор.

Намунила вацаз тIаргьиниб можор.

ТалихI къарав ГIали можриеги къун,

Бакьулъаги вухьун, гъоркье виччана.

Аниб лачен гьечIо, чаргъедо буго,

Лочнол бусен гьечIо, гъадил гурони.

Лочнол бусенилан лъица абураб,

Чаргъадил гурилан лъица бицараб?

Нужей талихI кьеял тIулалъул вацал,

Дие инсул щвараб щунусаого гIи

Щу-щуккун бикьила, дун тIаде вахъе.

Эбелалъул щвараб росда цебе хур

ГIарщид чIван къотIилин, дун гьанив тоге.

Инсул дуе щвараб щунусабго гIи

Щу-щуккун бикьила, мун гьенив тела.

Эбелалъул щвараб росда цебе хур

ГIорхъал чIван къотIила, мун тIад вахъларо.

Гьагъал цереса ун дагьаб мехалде,

БачIинеб бихьула гIоразул нухъа,

ГIодоб ракь бухъурхъун, тIад гьава гьабун.

Боржунеб жо хъвачIеб Чаран кьурулъе

Лъил хIилла бергьараб, гьитIинав ГIали?

Чанил малъ кIутIичIеб дир бусеналде

Лъил макру бергьараб, лъикIав бахIарчи?

Боржунеб жо хъвачIеб Чаран кьурулъе

ТIулалъул вацазул хIилла бергьана.

Чанил милъир хъвачIеб дур оусеналде

Эбел цадахъазул макру цIикМана.

Дуе талихI кьеяб гIоразул нухъа,

Дун тIаде вахъизе рес рекъеларищ?

Мун тIаде вахъизе рес кин рекъелеб,

Малърал хIулун руго, xIoкI бекун буго,

ТIанчIазе хIелхIедун, хIалакълъун буго,

НекIосияб заман дидаги гьечIо.

Дуе талихI кьеяб чIегIераб нухъа,

Цо дир эбелалде цо хабар гьабе,

Ячарай лъадуда вугеб бакI бице!

Гьениса боржана чIегIераб нухъа,

Гьесул къайи сверухъ свердилеб чIана.

ГIемераб свердуге, чIегIераб нухъа,

ГIали кьурулъ вукхи дида лъан буго.

БачIун дур хъункIди щиб, чIегIераб нухъа,

Эв вакъун вугевлъи дида лъан оуго.

Чакар бараб таргьа къвалакьеги ккун,

ЧIагIдал цIураб парччи хъатикьеги ккун,

Гьениса йилълъана Чаран кьурулъе.

ГIалиян ахIана, ваян ахIана,

Вореян рехана чакарул таргьа,

Гьесухъе щвечIого, гъоркье речIчIана.

ГIалиян ахIана, ваян ахIана,

Босун рехун ана чIагIдалаб парччи,

Гьесухъе щвечIого, гъоркье речIчIана.

Дуе талихI кьеяй чехьалъул эбел,

Дагьай цеегIан къай, хал гьаоун бихье.

Дагьай цеегIан къан, хал гьаЬун бихьдал,

Маргъалул черхалде чарчураб гужгат

Бортун инеб буго кьурулъа гъоркье;

Бахьинаб надалде хъурайсен тIагъур

Гирун инеб буго парсиса гIодоб.

Вабабай-вададай, мацI бахъаги дир,

Огьогьой-агьагьай, гьан тураги дир!

ГIагардасан йилълъун нухги батичIо,

РикIкIадасан йилълъун гъоркье йилълъиндал,

Маргъалул черхалде чакаралъул гьан

Чапун инеб буго кьурса гшдобе.

Чакарул гьаналъе магьидул рукьби

Гъвегъун инел руго гъугъдулъа гъоркье.

Чакар бараб таргьа рокьолги цIуна,

ЧIагIдал цIураб парччи бидулги цIуна,

Гьениса йилълъана гьасул бакIалде.

Инсул гьесий щвараб щунусабго гIи

Щу-щуккун бикьула кIиго тушманас.

Эбелалъул щвараб росда цебе хур

ГIорхъал чIван къотIула кIиявго вацас.

Гьеб гIоларелъубе гьабги босеян,

Рокьол цIураб таргьа цебе рехана.

Гьелъ гIорцIуларел нуж гьалъ гIорцIейилан,

Бидул цIураб парччи цебе чIехьана.

 

МугIрузул ГIали

Борхатаб магIарда гIигин вукIадго,

ТIегьараб магIарде вахун вукIарав.

Велълъенев вихьана инсул хIанихъан,

КIал чIегIераб хIама цебеги ахIун.

Ассалам гIалайкум, мугIрузул ГIали!

ВагIалайкум салам, инсул хIанихъан!

Гъаб бехе росулъе хабар щиб бугеб?

Дир чохьол эбелалъ ругьел щиб бараб?

Гъаб бехе росулъе хабарал руго:

Дуй йокьулей лъадул гIадатIе маргъал,

Росдал полохъабаз бутIаде бикьун.

Гъажалде рукIарал меседил курхьал,

Жиндир вокьулесул ханжар къачIамо.

Дур чохьол эбелалъ ругьел гьабуна,

МаркIачIул какитIе рокъов щвайилан.

Мех щвезегIан чIечIо, гIиги бечIчIана,

ГIуж гъезегIан чIечIо, хIанги бахъана,

МаркIачIул какитIе рокъове щвана,

Как балей ятана йокьун ячарай.

Как бан лъугIизегIан сабур гьабуна,

Как бан лъугIидалго жанив лъугьана.

Ассалам гIалайкум, йокьун ячарай!

ВагIалайкум салам, дир рекIел гьудул!

Кидаго буккIкIичIеб берцинаб гьумер,

Кин жакъа буккIкIараб, рекIел хазина?

ГIумруялъ хъвалисчIел чIегIерал берал

Кинха хъвалисарал, дир мугIрузул цIум?

Кидаго букIкIичIеб берцинаб гьумер

Жакъа букIкIичIого, кида буккIкIилеб?

ГIумруялъ хъвалисчIел чIегIерал берал

Жакъа хъвалисчIого, кида хъвалислел?

Дур гIадатIе бараб маргъалгун якъут

Щал инсул васазул чунтбузухъ бугеб?

Гъажалде рукIарал меседил курхьал,

Щив багьадурасул ханжар къачIараб?

Дир гIадатIе бараб маргъалгун якъут,

Мун гьечIеб бакIалда базе кIвечIого,

Гъансинуб лъун тана басралъилилан.

Гъажалде рукIарал меседил курхьал,

Къандалъо тIаде цIай, гъоркье балагье.

Гьеб бицараб дуца бицилареб щиб?

Гьеб абураб дуца абилареб щиб?

ГIалида бакьухе балебаб ханжар

Лъабго нухалъ чIвана лъадул каранда.

Кьерун гюдойги ккун ГIашалъ абуна:

Ханжар чIварав ГIалий реццгимоги цIар,

МацIцIал гьаруразул рахъаиги мацIцIал!

ГIумру халалъаяв, дир мугIрул ГIали,

Бидул хIориниса дун нахъе яче!

Кьураб гIумру дуе талихIлъун ккаяв,

Хвалил бусадаса дун хвасар гьае!

Гарду лей лъадуде кьурун вуссинчIо,

Къирумо цабигин, кьурун михъалгин,

Лъукъараб гъабанлъун – эбелалъухе:

МагIарде ругьел щиб гьабураб, эбел?

Щибилан абураб хIанихъанасда?

ТIаде магIардубе ругьелги бана,

Йокьун ячарай дух чIалгIун йигилан.

ХIанихъанасдаги бицен гьабуна,

Цадах гIиги бачун, рокъов щвайилан.

Гьенисаги вуссун рокъове щвана,

Маргъал балагьизе хъващтIан вортана.

Гъансинув ваккидал батана маргъал.

Махмурил къандалъо тIаде борхидал,

Гьелда гъоркь ратана меседил курхьал.

Гьев мугIрузул ГIали гIодов виччана,

ГIемер саоур тIагIун керен хъвагIана:

«Вахун дунялалда чIезе кIвеларо,

Лъугьаралъул бицун дун нечон вуго».

Гьаб чанабго рагIи кIалалъги бицун,

Борохь кин хурщана холей лъадухе,

ТIун олеб батана гьасда ГIашал pyxI.

Лъадуде балагьун ГIали ахтIана:

Сабур гьечIев дие цадахго хун лъикI!

Чадал мацIцIида дун, вай, кин божарав?

Нусица гьарана тIаса лъугьаян,

Чара гьечIин чIезе гьаб дунялалда.

Гьеб рагIигин цадах тIаде вахана.

Йокьун ячаралъул бидулъ тIерхьараб

Кодоб ккун букIараб лебалаб ханжар

Чамалиго чIвана жиндирго рекIелъ.

КIалго гъаримазул цалаздаса би

Бехе олеб гIорлъун чвахана цадах!

Гьединал цоцазе хириял рухIал

Цадах роржун ана хъахIил зобазде!

 

Азайнисей

ГIенекке, гIадамал, хабар бицинин

Хиялазда рекъон къадар хъвачIезул.

ЧIахъаял, кIалъаге, шигIру риккIкIин,

Рокьул цIаги рекIун, режун хваразул.

Цо къоялъ къачIана къватIив вахъине.

ЧIегIераб чуялда чергес кьили лъун,

Чергесал лугбазда гIарцул ярагъ бан,

КьабгIун вахъун щвана эхей Азайнув.

Дун Азайнуве щун щуго сордо-къо,

Щуялъго йихьичю Гьари Меседу.

Эхеде вилълъине чу кьололаго,

ЧIолорхо, къвал-бутIги ссу-ссун ккун буго.

ГIодой валагьана – ракь бакъван буго,

Зодой валагьана – зоб роцIун буго,

Дир цIахIил буртина цIалтулеб буго.

Гьабго щибдайилан тIаде ворхидал,

Горда чIун йихьула Гьари Меседу.

Дун Азайнуве щун щуго сордо-къо,

Щуялъго йихьичIин, мун кий йикIарай?

Мун вачIун вугилан вацазда рагIун,

Анкь кIулалги рахан нахъа тIамуна.

Инев вугевлъидал мухIканлъи лъайдал,

Анкьалгоги ричIун къватIий ячIана.

Дуе талихI кьеяв цо дир вокьулев,

Гьал жакъасел къоял гьанирго рукIкIа.

ТалихI кьун вохаяв ракIалъул гьудул,

Гьал къасисел сардал гьанирго рогьа.

Гьал жакъасел къоял гьанир рукIкIине,

Гьал гIолохъабакьа дун нечон вуго.

Гьал къасисел сардал гьанир рогьине,

Гьав гьоболасдаса дун намус вуго.

Гьанжеса кинниги мун чIоларелъул,

Росу тезегIан чу хьадарго баче,

Росу таралдаса чода цIал кьабгIе,

Майдан батаралъуб свериги бахъе,

Свери батаралъуб нахъги валагье,

Дунги ракIалде щун, магIуги щущай.

ЛъикIго йикIайилан тIагъур бахъидал,

ТIул-ракI кьватIун ккана Гьари Меседу.

Росу тезегIан чу хьадарго тана,

Росу таралдаса чода цIал кьабгIун,

Майдан батаралъуб свериги бахъун,

Свери батаралъуб нахъги валагьун,

Чодуй хер лъикIалъув рещтIун вукIаго,

ВачIинев вихьула гьоболасул вас,

Гьороца тIамураб тIамах падинан.

Ассалам палайкум, дир инсул гьобол!

ВагIалайкум салам, гьоболасул вас!

Эхе Азайнубе хабар щиб бугеб,

Хар гIолохъабазул бицен щиб бугеб?

Эхе Азайнубе хабарги буго,

Хирай Гьари Месе хванилан абун.

Хар гIолохъабазул биценги буго,

ЗигарадегIаги тIад вуссайилан.

Жинца гъоркь рекIараб чIегIераб барти,

ТIаде квелъги рехун, цебе къотIана.

Бакьулъ борчун бугеб бакъ гIарцул ярагъ,

Рухьбиги къотI-къотIун, хулжиниб лъуна.

Жиндихъ кодоб бугеб истампул хъирим,

Шалгимо хъатикь ккун, гIодоб кьабгIана.

Гьенисан вилълъана, Азайнув щвана.

Ясалъул къавутIе жив щвараб мехалъ,

ШалтIухъ чIун ватана ясалъул эмен.

Дуе салам лъеяв ясалъул эмен,

Цо гьумер бихьизе пурман кьуни щиб?

Гьенисан вахана тIаса рокъове,

КIалтIа чIун ратана ясалъул вацал.

ТалихI кьун рохаял ясалъул вацал,

Цо керен бихьизе кверщел кьуни щиб?

Цо гьумер бихьизе пурманги кьуна,

Цо керен бихьизе кверщелги кьуна.

Катан нахъе гьабун, гьумер бихьидал,

Гьурмал кьер хисана гъумекисесул.

Гурде нахъе гьабун, керен бихьидал,

Керен кьватIун хвана цо гъумекисев.

Эхебе лъаргIибе чи витIун ана,

Рокьуца хваразе хоб кинан абун.

ТIаде магIарухъе кагътал рачIана,

ХIасрат бергьаразе мусрал кинилан.

Эхебе лъаргIиса чиги вуссана,

Рокьуца хваразе хоб цойин абун.

ТIаде магIарухъа кагътал рачIана,

ХIасрат бергьаразе мусру цойилан.

КIиял гъаримазе цо хоб бухъана,

КIиялго гъаримал цо хабалъ лъуна.

Хабал тIарадасан цо гъветI баккана,

Хаслихъги тIегьдаса жиб буссунареб.

Хабал ахадасан цо ицц баккана,

КигIан гьекъаниги чи гIорцIулареб.

Я Аллагь, ккогеги гьединаб рокьи,

Рокьул къимат лъалел гIолохъабазул,

Цинги чалухъазул, черх узданазул.

Балайги рокьиги ракьулъги букъун,

Къараб анкьго талихIал гъаримазул.

 

Камалил Башир

Камалил Баширил шигIру ахIизин, 

Хал гьабе, баххарзал, гIин тIаме, ясал!

Росу берцинлъарав, улка гвангъарав.

Бодаго нур барав, зоб-ракь хIайранав,

ХIурулгIензабазул гIишкъу бергьарав,

Ракьалда ругезул хIасрат цIикIкIарав,

ГIолилал ясазе сагьвиллъи ккарав,

Къорол руччабазул ракIал рахъарав,

Рос-рукъ бугезулги гIакълу биххарав,

Россаби жалго тун, лъимал рехун тун,

Руччаби нахъ чIарав, ясаз толарев

Цо вас вижун вуго чIухдерил росулъ.

Юсуп аварагги эв ватиларо,

ГьадигIан гьайбатав киндай вижарав?

ХахIаб шушинисан олеб лъин гIадин,

Шокърониса олеб квен-къел бихьула.

Мукъулукъ сурмияб миккидул гIадин,

Кьер-кьер батIалъула мих-мегежалъул.

Чирахуда сверух ккулареб гIадин,

Расадцин ккулару исда сверухе.

ГIадан ватиларо, вахIи ватила,

Ясазул хIал бихьде, гIодов рещтIарав.

ГIадан-инсанасул насру балъаро,

Малаикзабазул цояв ватила.

Живго ясалазух гIашикъчIониги,

ГIашикъал ясазул балай гIемерлъун;

Живго руччабазда нах лъугьчюниги,

Нах лъугьулелщинал гIакъубалъе ккун,

Нухъабазда кьерун, кьурабалъ вахчун,

Таманаб мех бана Баширид къутIиб.

РагIун гIашикълъарал, вокьун панаял

Чанги-чанги ккана гIулал ясазул.

Россаб жахIалго тон, гьамал рехун тон,

Эсде руссун чIарал гIемерал ккана.

КигIан эсул такъсир гьечIунаниги,

Руччабазе къай кьун бажаричIогу,

Бихьинал лъугьана эв теларилан.

Ахир данде ролъон лъазе гьабуна:

Шванани чIвай, Камал, Башир дуцаго,

Дуца чIвачIонани, чIван цеве лъела.

Ккунани кквей, Камал, дурго вас Башир,

Дуца кквечIонани, ккун цIадав рехла.

Толаревлъи бихьун, ворчIуларев лъан,

Вас рокъов вачана, чи хадув витIун.

ГIадамазул хабар уябдайилан,

ХIал бихьизе Камал цо сордоялда

Баширил бусада вегун вихьана.

КIикъого къоролай къандай ятана,

Рукъ цIун, къватIирги чIун ясал ратана.

Гьанже чара гьечIо, дун ворчIиларо,

Тушман цеве хьвадун чIаголъилоги,

ЧIвамо лъикI дицаго дир хирияв вас.

Берал чвахилагу, черх угьдилагу,

АскIой щун эбелалъ лъазе гьабуна:

Лъута, лъута, Башир, мун толев гьечIо,

Жакъа ахираб къо дур кколеб буго.

Валлагь, лъутиларо, дун лъутиларо, –

ЧIалгIун буго дида гIанкIилаб кьери,

Нухъаби, кьураби кьогIлъана дие.

РахIат гьечIеб гIумру щазеха дие?

Ясал гьечIеб дунял дида балъару,

Руччаби камараб росу букIлару –

Кивехун лъутила, лъиде вуссила?

Тушман вихьун кигIан бер чIегIерлъило,

Чияца чIвачIого, чIвай нужецаго.

Гьабун зиян гуро, зулму-хIал гуро,

Зина-хатIа гуро, такъсир дир гуро,

Руччаби-ясазул гьаб балагь дие,

Хван букIун батила гьадинаб къадар.

Кваранаб хатиниб бал бугеб гIащтIи,

КвегIабаб хатиниб xaxIao катIали.

Берал рацIцIулаго, черх соролаго,

ВачIун Камал щвана гуликIалриве.

Ассалам гIалайкум, чIухдур бахIарзал,

Жакъа нужедаса къурбан холеб къо,

Къурбаналъе хвезе хирияв Башир.

Белгьун гьан бикьеха росдал ясазе,

Гьекъезе би кьеха къоролзабазе!

ЧIухдур гуликIарниб кIикIвекьаб хIуби,

ХIобода вухьана Камалил Башир.

Чадаца чIвазегIан, чIвай, дади, дулъа,

ГIащтIи бегIер гьабе – дур ракI бухIило.

Цо кьабаралъго чIвай – дур ракI хIеккило!

Бисмиллагьги гьабун, гIащтIи борхана,

Салаватги битIун, кьабун биччана.

Цо кьабараб гIощтIод белэр къотIана,

Къулгьу цIализегIан pyxI босун вана.

ЧIухдур гуликIарлиб бачIад хун буго,

Хьагал кIудиял лъе, росдал бахIарзал!

Росда цебе бачун лачен хун танин,

БутIа босде рачIа, гIолилал ясал!

Нужер руччабазе, росдал ясазе

Балагьалъе гIурав гьав дир вас Башир

Гьанже чIван реханин, роха, бахIарзал!

Нуже-нужер лъудби къвалакь къан регун,

ХIал хьараб макьу щун, кьижа нуж гьанже!

Ясал туларугу чи чIвалеб гIадат,

Ясаз туларугу чIварав дир Башир!

Руччабазда нах чIун холебги гIадат,

Руччаби хадур чIун хварав дир Башир!

Живго хвананиги, хабалъа вахъун,

Хварав лъананиги, сверух ракIарун,

Сабур тIагIун ккана чIухдерил ясал,

МагIил гIорал тIуна къорол руччабаз.

ЧIван хабалъ лъуниги, хьи биччачIугу,

Росу къватIиб бахун, кьураби гъурун,

КIудал гIуцIбул тIамун, хIеб щула гьабун,

Щвана гьанже рахIат чIухдур росдае.

 

Бахтикал кечI

Меседил гьаркьица гъалал ххалаго,

Хабар бачIанила Шушаялдаса.

ГIарцул саргъасалъуй дун чурулаго,

Чапар нахъ гIунтIарав гъарабагъазул.

Щибдай-киндай абун къвапий яккидал,

Щур-щудулел руго кьерилал ясал:

ГIумаханасени гIемераб гIарац,

Гъарин Бахтикае хъван тараб къадар!

Ургъалил керен цIун, тIохде яхана,

Хьихьарал вацазул мугъ бекагиян.

МагIид берал ххулун, гъоркье рещтIана,

Дие гьабуразе Бичас гьабеян.

Кьоге, вац ГIумахан, дун Шушаялде,

ЦIарго лъикIаб гьечIин шушаханасул!

ЙитIуге, яц хваяв, Гъарабагъалде

Инсул тушманасул улка бихьизе.

Кьечогун кин гIелей мун Шушаялде,

ГIумаханил кIалгIа гIарцуца цIедал.

ГIелищ йитIичIого Гъарабагъалде,

ГьоцIдерил чIункIбузда дарай ретIиндал.

ГIарацищ, ГIумахан, дуе хирияб,

ТIаде барабщинаб дуй гIарацлъаяв!

Меседищ, тIулил вац, дуе бокьулеб,

Доб хундерил тIалъи дуй меседлъаяв!

Дун йичун босараб меседгун гIарцул

Нурцимаххал гьаре хундерил боде!

Нахъе хутIаралъул тIад хIебдалазе

Харицелал къотIе къваригIиналде.

Дун кьуралъухъ кьурао мирзай ххамалъул

ЛъагIилухъ тукен лъе, дир вац ГIумахан.

Нусго яс гьаеги ГIалискандие,

БоцIи къваригIиндал гIарцухъ ричизе.

ГIарцул лал тIамеги хундерил ТIалтIа,

Гъов дир вац ГIумахан гIарцуд гIорцIизе.

Кинниса кинниги дун толарелъул,

Къолоца бай гIарац магIарулазе.

Кинниса гьабунги дун йитIулелъул,

Къвалица кье харай хундерил бое.

Рокъоса къватIие дун лъугьунаго,

Йигей анищ эбел, хадуй гIодизе.

Хундерил ТIалтIаса дун рещтIунаго,

Хадув валагьизе Нуцалхан анищ?

Игилъа эхее дун къокъунаго,

Горсан ваккизеан гьитIинав Булач.

ЗагIиса гIебеде дун тIавагьиндал,

Цо бер чIвазе анищ МухIамадмирза.

Я Аллагь, батаги нух гьечIеб кьуру,

Тушман ракьалде дун кьолей ятани.

Цингиги батаги кього гьечIеб гIop,

Байган Шушаялде щолей ятани.

Нухго гьечIеб кьурде мун лъутаниги,

Кьола мун, Бахтика, тушман ракьалде.

Кього гьечIеб гIорде мун кIанцIаниги,

Къадар хъвараб дуе Гъарабагъалде.

Нухда гъара балеб цIогьораб Мукракь

Диеги ратаги гьараялъе чIун.

Вихьун чи толарел дол гъолодисел

Дида данделъаги, дур мугъ бекизе.

Гама гебегулеб хъахIил Алазан

Дие гебегаги, дур ракI цIорозе.

Нухда гъара балеб цIогьораб Мукракь

Дидани ратичIо – рацIцIун тIагIаял.

Вихьун чи толарел дол гъолодисел

Дида данделъичIо – къавуда щваял.

Гама гебегулеб хъахIил Алазан

Дие майданлъана – тIупан чучаяб.

Ургъелал гъенолел гъваридал кIкIалал,

Дир васигат бице хундерил бода.

Гъаримал рахунел рорхатал щобал,

Дир хIакъ хIалал абе ГIумаханасда.

Дунял хIарамлъаги хIебдул боялъе

Дуца къайи чIвалеб доб Къарбиялда.

Меседил щуб ккаги месед Бахтикай

Свакарал рещтIунеб доб АхIлималда.

Лъимго чилугеги ХIалъадунибе,

Лов МухIамадмирзал чол бох бекараб.

Чиго кIанцIугеги сангаралъуве,

Булачил каранда бидул хатI хъвараб.

Дунги йигин абе Гъарабагъалда,

Роржунел хъукдузда хадуй балагьун,

Къоринибе ккараб тIинчIмокъокъ гIадин.

Цинги танин абе Илисуялда,

Хъергъул хIулабазда рогьалайги ран,

ХIатIазда махх барай гуржияй гIадин.

ГIазу балеб къоялъ къватIий яккани,

Капураб махI буго росдадасаго.

Гьури пулеб къоялъ гортIе егани,

Квешаб махI бахъула авалалдаса.

Гьекъезе лъимилан дун зигардани,

Хъаба цIун бачIана жагин гIаракъи.

Каки чуризелан дун гаргадидал,

Парччи цIун бачIана болъоназул би.

Какикье жойилан дица абидал,

Цебе реханила болъонил цIоко.

Ибрагьим абидал уйилан ккана,

ГIадатIа кар тарав кашиш ватана.

Ханилан абидал божун йикIана,

Килщил малъ хIуларав хIама къажарав!

 

Бокьуларо, эбел, рии бачIине

Бокьуларо, эбел, рии бачIине,

Риидал рачуна чуял магъилъа.

РекIейго гъоларо ихго бачIине,

Ихдаде къокъуна къокъа ЦIоралде.

Рагьея, дир эоел, гьал билил гордал,

ТIикъва-магIал чIвалел чуял рихьизе.

Къиредила, эбел, гьал къарал нуцIби,

ЦIоралде унезул къокъа бихьизе.

Валлагь, рагьиларо гьал билил гордал,

Гордада цун керен дур тураниги.

Таллагь, къириларо гьал къарал нуцIби,

НуцIихъ эхетун мун турун хваниги.

Яхая, меседу, доб сивул тIохде,

ТIикъва-магIал чIвалел чуял рихьизе.

Яхана меседу сивул тIохалде,

ТIикъва-магIал чIвалел чуял рихьула.

МагIардаса лочнол чу бачIун буго,

Чуязда сверун лълъун тайланги буго.

Инарилан абун дидаги абун,

Унев вуго, эбел, гьудул ЦIоралде.

Вегьиларин абун, дидаги кIалъан,

Тола гурищ йигей дун дир вокьулес...

Дуе талихI кьеяв, мун дир вокьулев,

Дунги гьалмагъ гьае цюрол мугIрузде.

Мун гьалмагъ гьайизе гьечIо дир пурсат –

Гьал гIадамаз балеб гIайиб лъаларищ?

БугIун гIазул цIурал рорхатал мугIрул,

Чапун лъадал цIурал гъваридал кIкIалал...

Мун цеве вилълъани, хадуй йилълъина,

Хадуй бокьичIони, чол квелъ биччала.

Чапун лъадал цIурал гъваридал кIкIалахъ.

Дуца квер ккунани, дунги йилълъина.

Месед кунал чалу, гIарцул ягъзият,

РетIунге буртина, тоге дун рехун.

Абурайлъи лъазе цо кверги баче,

Ячунейлъи лъазе тIагъурги хьвагIе...

Абурайлъи лъазе кверги бачана,

Ячунейлъи лъазе тIагъур хьвагIана,

Ине хиял лъуна халатаб нухда.

Мунали чучилин чу-ярагъалде,

Дун лъиде чучилей чи гьечIеб рокъой?

Цинги мун вуссина сонгроде нахъе,

Дун лъиде юссиней инсул рукъзабахъ?

Жанибе ЦIоробе цIум къабукъанин, –

ЦIодорго чIа абе гьел цIоросезда.

ЦIорол байдабахъе хъиргъуги анин, –

Ясал хьихье абе Гуржистаналда.

Жанир ЦIорор ругел цIорорал иццал

ЦIердал чакарлъаги дир вокьулесе!

ЦIоралде регулел хъахшлал маччлал

ХъахIаб гIарацлъаги дир гьудуласе!

Къокъа ЦIоралде ун цо анкь балелде,

Меседил гIертIида гIарцул къвалги бан,

Ясай къокъанила лъадал цIезеян.

Гаргалел ратана къорол руччаби,

Щурщулел ратана гIисинмусудул:

Нужей талихI кьеял, къорол руччаби,

Нужеца гарулеб дидаги гьape;

ТIалихI кьун рохаял гIисинмусудул,

Нужеца щурулеб дидаги щуре.

Нижеца гарулеб дуда гарани,

Дур багIараб гурде чIегIер белъина.

Нижеца щурулеб дуда щурани,

Дур чиллайдул гъалал магIид гьурщила.

БачIинеб бихьула ЦIороса къокъа,

ЦIумур бараб барти гъорлъаги бахъун...

Асалам гIалайкум, цо берцинай яс.

ВагIалайкум салам, ЦIороса къокъа!

Дир берцинлъиялъул цинги бицинин,

Дир хъурайсен тIагъур кибехун тараб?

Дир чалухлъиялъул хадуб рикIкIинин,

Дир чIегIераб чухъа щиб мухъалдехун?

Дур хурайсен тIагъур дида лъаларо,

Цо хурайсен тIагъур Агъизихълъиялда,

Хъазахъазул гуллид керенги борлъун.

Дур чIегIераб чухъа дида лъаларо,

Цо чIегIераб чухъа ЧIегIер гIурухъе,

ЧIегIерал нухъаца бералги гьекъон.

Дуда гьеб гьикъарай дир кIал цIороги,

Гьикъараб бициндал, дур щулалъаги.

Мугъалда букIараб меседил гIеретI,

Агъалдаги тирун, къадалъ кьабуна.

ГIертIида букIараб гIарацалъул къвал

КIичIван къотIун кьуна бесдал лъимазе.

Симис меседилаб тIеренаб катан

ТIутIун гIодоб бана къулгIадул кIалтIа.

Накалда хъурщана, квачIид яхъана,

КватIичIого щвана инсул рокъое.

Букъулеб батана багIараб дарай,

ЛъутIулеб батана тIеренаб катан.

Букъуге, дир эбел, багIараб дарай,

Дарай багIар бугин, ракI чIегIер бугин.

ЛъутIуге, дир эбел, тIеренаб катан,

Катан тIерен бугин, тIул бицат бугин.

Намедила, эбел, хIулидул бусен,

Лугби туризегIан жаний егизе.

ТIадеги рехея кирханул юргъан,

Гъалал хIулизегIан гъоркьа яхчизе.

Къаданибги лъея хIулил къандалъо,

Хьалбал хIулизегIан тIад бетIер лъезе.

Дур гъоркьияб хьибил ракьгун жубаяй,

Гъалал хIулизегIан щай мун яхчулей?

Дур чIухIарав эмен билидул гордухъ,

Дур пахруял вацал годекIабазухъ.

Зодихъе вахаги чIухIарав эмен,

ЧIухIарав инсухъищ дир рокьи ккараб?

ЖужахIалъур ккаги пахруял вацал,

Пахруял вацахъищ балаи бегьараб?

Дир рокьи ккараб жо – Хъизихълъиялда,

Хъазахъасул гуллид керенги борлъун.

Балай бегьараб жо – ЧегIергIурухъе,

ЧIегIерал нухъаца бералги гьекъон.

Гьардарал гурелдай рохьазул чанал,

Дир гIамал берцинил чорхол гьан кварал.

Цойгиги дахIалал чIегIерал нухъал,

Цо дир вокьулесул берал гьекъарал.

 

Унсоколоса ХIуричул ГIусманиде яцалъул магIу

Меседил хатI хъвараб халатаб байрахъ

Нурул хIубилъаги, ХIуричул ГIусман.

Байрахъалда тIогьиб тшгьил дарайи

Алжанул тIегьлъаги, дир тIохьол аят.

Хекко вачIа абе дир ГIусманида,

ТIотIокь лъураб бакIил бох бекун бугин.

КватIугеян абе тIулил вацасда,

Хъвехъари балелъуб хъанхъра бан бугин.

МоцIрохъе ЦIор ххалеб кар цIахIилаб чу,

ЦIоралде балагьун, хIихIилеб буго.

БестIаллъи абизе, дур лъимал гьечIо,

БестIаллъана, ГIусман, магIида хъирим.

Хонотай абизе, чIужуги гуро,

Хонотана, ГIусман, ххвелаб аргьумахъ.

Рагьуе гъеролел гъолодесеца

Вагъизе тIамурав тIул бикьарав вац.

Байрахъуе цIакъал ансадерица

Кквезе байрахъ кьурав гьагав байрахъчи!

Гьабураб гъазаги дур тIубагеяв,

Гъазияв ватундай Малачи тарав?

Щварай хIурулгIинги хIалаллъугеяв,

ХIурулгIин ятунищ, Тамач кIочарай?

КIигьежго цIвакараб дур гIарцул ярагъ,

Лугби тIеркIелаго, тIу-тIун рагIула.

ГIака кьун босараб ХIанапил ханжар

ЦIоралдаго квешас борчун рагIула.

Зазгун хъарахъ байги Алазаналде,

Гьанже ГIусманица бо бачинегIан.

ЦIорол тIокъал къайги Кор къварилъухъе,

Цинги ГIусманица байрахъ кквезегIан.

РагIанищ, гIадамал, гьадинаб хабар –

Цо тIул бикьарав вац вукъун хутIарав?

PaгIapac бицинчIищ, абурай чIужу, –

Дуего вокьарав ракьалда лъурав?

Къадар Бичиясул, фалхIукмулиллагь.

 

ГIарцул къайи цIурай къарал хIалтIухъан,

Дур къайи гьечIого гьал тIубаларо.

Къавул гьоко цIурай лъаргIиса бика

Дур къайи гьечIого гьал бегьиларо.

Ракьалда нур барай хIевул ясикIо,

Дур хIалтIи гьечIого гьал тIубаларо.

ХIанил гъажабазда кьеркьераб ретIел,

Дур ретIел гьечIони гIицIго хутIила.

Данде гаргадулел гурдал гьаруна –

Гурдалго щвеларо гьал бесдалазе.

Гарбал гIодор цIарал кIазал гьаруна –

КIазалго щвеларо дур бесдалазе.

 

Нижер эмен ана бетIербахъуде,

Вугеб бакI лъаларо, хабар къотIана.

Ниж гъаримал руго гъасдеги къулун,

ХинкIилан гIодигун, гIадалъ хъатги бан.

 

Чанги эбел йигей аб дунялалда,

БацIица чехь тIураб чахъу гIадинан.

Чанги яцал ругел Дагъистаналда

БагIараб тIулатIа тIад цIа бакарал.

Дун гIадинай гъарим щийго йигодай,

Бертаде къачIараб къулгьуде кварай?

Цойги дун гIадинай ятзе кIвеладай,

БахIарлъуй босараб мусруде барай?

Хъурайсин тIоргъоца гьоболлъи барай

 

Дир гьалмагьго гьечIищ гьаб магIирокъо

БахIаралъул гъалал гъажалда рарай

Эбел ятанани, ячIа чучизе.

Гъуниб мегIералда гьорол гIадинаб

ГIурул гъугъай буго жакъа дир гIинзукь

Ракьандаса къайги къаралазул гIop

Къо бухIарав дир вас жанив вачараб.

Какие щогеги лъебелазул лъим

Цо дир гIамал берцин гIортIа тIамураб.

Дарман тIагIарай дир цохшго маргъал,

Къимат тIадегIанаб жавгьарул хоно,

Хун хабалъе унеб панаяб дунял.

Милъирщаби руго жакъа чIичIилел,

Босендай биххана, тIанчIидай хвана,

Щибаб гъветI-гъветIалда гьал гъугъудиз

Росдал гIолохъабалъ ахIул цевехъан

Дир ХIажи кив арав нужеда гъорлъа?

Гъаримаб рокъове къваригIарав вас

Къокъада гьоркьосан киве тIагIарав?

Дур сагIидияв вас гIоралъ восун ун,

ЧIалда гъарцIалъ ватун вачIинев вуго.

ЧIухIараб къаркъала, къутIбуяб лага,

ХIанил къотIи гIадин, молода вуго.

ТангIималъул гIарцул гIатIидаб нодо,

PyxI босананиги нур босун гьечIо.

Меседил чIор гIадаб чIухIараб лага

ЧIаго гIадин вуго, би-рахьги жубан.

Рокьи ккун ячарай хIурулгIиналъе

Щиб къотIи гьабураб ватIалъулаго,

Эмен тIаде щвечшщ гьалмагъзабигун?

 

ГIинтIаме, мусудул, сагIдияб логод,

Дунял суранилан, гIажал босараб.

Эбел-эмен семун босараб гIажал

ГIаршалде бахаги, гIадра манарща.

ЯцгIалалъ рицарал кIалзул рагIаби

Харангил чшрлъумо къанин каранда.

Дуе гIумру кьеги, чехьалъул эбел,

Кьоге абурасе, ина чидае.

ГIумру кьун вохаяв, херлъарав эмен,

Хабалъ гIазаб гIадаб гIумру тIамуге.

ГьадигIан гьайбатаб гьаваяб лага,

ГIадада дир гIумру хвезе гьабуге.

ГьаргIиб муцIи гIадаб чIурканаб лага,

ЧIвазе гIайиб щибдай гьаб дир черхалда?

Дилъа щиб гьабилеб, тIинай меседу,

Дypго херав эмен гьедун рагIула.

Цинги щиб гьабилеб, щубил багIарбакъ,

Цо бицараб рагIи гIела, меседу!

Гьанже хьул къотIана дунялалдаса.

Радал тIаде яхъун гIортIе йилълъана,

ГIурул рагIалда чIун макъан биччана.

ТIокIаб ахIиларин кIалалъги абун,

КIутIун кунтил цIалал данде рукъана.

Къвалакь кверал чIвана, эхетун чIана,

Ургьимес бухIараб хIухьел биччана.

Гьагъаб гIуруд гIадан кIатIилищ абун,

КIал гьикъун йилълъана кьурул рапалде.

КIиго-лъабго квацIи гIадрадул цIуна,

ГIодобе балагьун хIисаб гьабуна.

Кинго ракI хIалхьичIо, хIалалда течIо,

ХIал гьабун кIанцIизе рукIед яхI кьечIо,

КIкIуржизе йиччана гIорласа гIодой.

Нахъ тIамун хьихьараб хъурайсин кьегIер

БагIдулеб чIоларо кьурул рагIалда.

Киндай-щибдайилан цее яккиндал,

 

Ракьандаса къаяб Къаралазул гIop,

Цо къобухIадил яс эххей йосараб.

Какие щогеяб Лъебелазул лъар,

Цо дир гъалалбагIар балад тIамураб.

Логода рекъараб чараб хъабало,

Чучанищ, эбелхвад, гIурул рагIалде.

Черхалда рекъараб дарайдул гтоде,

Дурго эбелалда щайдай гурхIичIей.

ХIавал ПатIиматил лъалкIда хIетIги лъун,

Чарахвадил ясалъ гьабураб хиял.

Хиялазул цIадай эбелги рехун,

Гьаб хIал хIехьон дида чIезе кIвеларо.

ХIежалде унилан кири хъваларо,

Капураб гьабула рекIеца хиял.

Гьанже гIодила дун гIурухъ балагьун,

ГIел бащадалщинал ракIалдеги щун,

Цинги зигардила зонохъ балагьун,

Хъездендерил ахIул хIисабги гьабун.

Росас ятани мун къварид гьаюрай,

Къебелъул рачитIа квартIа хутIаги.

Къебедас ятани хIайран гьаюрай,

ХIанил гъажабазда мусру жемайги.

 

Дарай-катаналде кавабиги къан,

Кие ун йикIарай, бабал хазина?

Кварха-хамалиде кIулалги рахан,

Хиял щиб гьабураб, тIинай меседу?

Нарадаса къаяб Къаралазул гIop,

Къо бухIарай дир яс эхей хъамураб.

Какие щогеяб Лъебелазул лъим,

Гьей дир гъалал багIар салтIе рехараб!

Ясал балагьулеб меседил матIу

Сивуда балилан вукIана эмен.

Тункун рокьул цIураб чинидул гIеретI

Чода бухьилилан вукIана вакьад.

Гъансиниб ссу-ссуйги сурма дараял,

СалихIилал рачIун къотI-къотIилало.

Лъуралъуб хутIаги чIугIлигун чини,

Дир бахIарай ячIун xIyp бацIцIинегIан.

Эбелалъ ятани къварид гьаюрай,

Къебедасде щайдай ургъел бикьичIеб?

Къебедас ятани пашман гьаюрай,

Эбелалда щайзе бицун букIинчIеб?

ТIаде Къуралие дун къачIалаго

Къварилъухъа цеое мали баккана.

Къуралиб сивуда месед балаго,

 

Бакараб кан гуро дир керемалда,

Карандаса горде бухIулеб буго.

Гьалдолеб хьаг гуро дир хьибилалда,

Хьабалахъа гIучIал релъунел руго.

Нужеда рагIанищ, я гьал гIадамал,

Жергъен кьабунилан кверал рищарай?

Росдал гIолохъаби, лъалей йикIанищ,

КечI ахIунин абун къотI-къотIун ярай?

Вореги, угьдуге, чехьалъул эбел,

Чанги лачен араб хабал къаникье.

Дирги букIа абе къотI-къотIараб черх,

Дирги букIа абе бухIараб гIумру.

Гингиги угьдуге, эбелалъул яц,

Ганги шунгъар араб чIегIер ракьулъе.

Дирги букIа абе бищ-бишараб черх,

Дирги букIа абе къотIараб гьаракь.

КъватIи магIардире кагъталги ритIун,

Дир каранда ханжар чIвазе гьарурал

МацIал гьаруразул мацIал къотIаги,

Дун къотI-къотIун варав Къурбан чIахъаги!

Кагътал ритIаразул кверал рищаги,

Дида ханжар чIварал вацал чIахъаги!

Зодибе мали чIваи, чIухIай мацIихъан,

Дур кIудияй тушман хабалъ лъун йигин.

Росу-ракь бакIарун можор тIамидал,

Дир тIогъронибгодай, вацгIалав гьудул?

Мун гIодобе аяб Закарил каву,

Киналго гIадамаз дун кодой кьураб.

Дида бугеб гIайиб лъалеб батани,

БакIаре гьаб росу, чIвай дун гIужие.

Кьибил-тухумалъе рогьо батани,

AxIe кьибил данде, кье дун хвалчае!

 

Угьун хIухьел биччан керен чучани,

Чиго велъиладай дир хабаралда?

Чара хварай дица магIил тIунани,

ГIайиб гьабиладай дида гIадамаз?

Нусабго логоца гьарай бачиндал,

Чвахун анин магIу, гIайиб чIваниги.

ГIел бащадал васал ракьалда лъедал,

Лъабго рагIи хъвана хъахIаб кагътида.

БитIун мурадалда къвал жемулаго,

Къадар батараб куц дие хIадурун.

Дараял рукъана, мокъида рана,

Къвал гьечIел ретIана, тIоритIун ана.

Къаси хамиз сордо, сухIмат гьабизе

Свере, кьолбол ясал, васазда данде.

ЦIараб болжалалде заманги щванин,

ЩейзегIан чIарал нуж пуй гьабичIого.

РекIел мурадалде щун хварал ани,

Аб дуниял тезе бертин букIана.

Чорхол анищ тIубан къанщарал ани,

Рохалил лъелаан нужее свери.

МагIида гIодула гIатIласул кастум,

Дур лугбахъ урхъараб – вахъа ретIизе.

ГIодилеб чIоларо хъахIилаб тIагъур,

ХъахIаб нодоялъухъ гIашикъ бугилан.

ХIатIида рекъарал чIегIер чакмаби,

Квералъ xIyp ккун руго ишкапалъур лъун

Бараб магI чIухIараб чIегIераб пальто –

Дун турулей йиго – вахъа ретIине.

Цо вас хванин абун росуги буго,

Росдал ракI бахъараб хъергъуги букъун.

Васал тIагIанилан тухумги буго,

Биун чаран тIураб чIорги ракьулъ лъун.

Цо васищ вукIарав ворхатав ХIасан, –

Боде данде гIолев ГIалил Зулпукъар.

Чийищха вукIарав дарман Мирзабег, –

Нусго гIолиласул гIакълу босарав.

Расанди сабруял, сухIмат гьуинал

Сундедай ракI гьолеб гIолохъабазул.

ГIолохъабазда гьорлъ тIабигIат берцин,

Лъидедай чучилей чара хваяй дун.

Маргьалалъул цаби къирулеб мехалъ,

Къаданий йикIинчIей тIулил яц хваги.

Къаламалъул килщал сукIулеб мехалъ,

АскIой гIодой чIечIей гьудул къанщаяв.

Нужер гьан чапарал чабхъил бакълъазда

Шавкъалъ гIадан холеб сипат баккайги.

Жаназа букъараб къирбадул щобтIа

ТIезе барахщарал тIугьдул раккайги.

Магъилъ чIичIидулел чIоролабазул

ЧIахIго бакъвалалде макънал тIагIана.

Мокърокь босен лъурал милъирщабазул

Милъир хIулилалде хIухьел тIагIана.

КIиго бахIарасда тIаде ракьги хъван,

ТIокIаб борхиладай тухумалъул ракI.

ТIогьол квацIабазда квасквасги тIупун,

ГьечIо кьибилалъе сабруялъе бакI.

ГIаламго урхъарал хъергъудал берал

Хабал мицIиралде рецIцIун инадай?

ЦIорол матIу гIадал тIадагьал лугбал

БецIаб лахIтуялъур хIабухIинадай?

Раккиго берцинал чIегIерал михъал

ГIонкIкIоца бусадуй рос-росиладай?

Балалайка хъвалел хъахIгIарцул килщал

Унго гъвегъинадай чIарбил гвандиний?

Цо хабалъ рукъаги мокъокъил тIанчIи,

Къвалал ран кIиязго ургъел бикьизе.

Къоно борхатаб чIвай хабал къаданиб,

Къо щвелелде хварал халкъалда лъазе.

ТIокIаб бакъ чIваладай чIунтаяб росулъ,

ЧIухIарал васазул берал къанщараб?

ГIидра тIегьаладай гIурччин магъилъе,

МугIрул гIамиркаби гIурдалъ тIупараб?
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»